МагъчIваялъе рес

Израилгун Палестиналда гьоркьоб лъабго моцIалъ халат бахъунеб зулму дагьлъулеб гьечIо


Израилалъул полицияс Иерусалималда чIван вуго израилалъул офицерасда

нус кьабизе къасд лъурав палестинав. Гьедин лъазабулеб буго Reutersалъ Израилалъул полициялъул пресс-хъулухъалда мугъчIвайгун. Пресс-секретарь Люба Самриаца абун буго шамат къоялда полициялъул офицерал ун ругин щакав чиян гьезда ккарав чиясде аскIове, гьес абуни нусги къватIибе бахъун, жидер хIалтIухъанасда кьабизе къасд гьабунин. Гьезги кьвагьараб жоялъ гьев чIван вугин. Гьесго абун буго рахъазда гьоркьоб лъабго моцIалъ халат бахъунеб бугеб зулмуялда дагьлъизе ракIалда гьечIин.

Ахирисеб 12 анкьалда жаниб Израилалъул къуватаз ва ярагъгун кодоб гражданаз чIван вуго 126 палестинав. Гьезул 77 чи жидеде тIаде кIанцIулев вукIанин лъазабулеб буго тIалъиялъ.

Гьебго заманаялда жаниб палестиназ чIван вуго 20 жугьутIав.

XS
SM
MD
LG