МагъчIваялъе рес

ДАГIШалъул чагIазул хъизабазул нус-нус чи ва цо-цо лъукъарал нахъе рачунел руго Дамаскалдаса


Британиялда ругел Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулезда мугъчIвайги гьабулаго Ройтерсалъ лъазабулеб буго Россиялда гьукъараб ДАГIШ экстремистияб къукъаялъул чагIазул хъизабазул нус-нус чи ва цо-цо лъукъарал нахъе рачунел ругин Сириялда ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялъул мурадалда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул планалъул гIурхъабалъин.

Дамаскалъул рагIалда бугеб Палестиналдаса лъутаразул мархьиялдасан ва мадугьалихъ бугеб Хаджар-аль-Асвад абулеб росулъан Сириялъул шималияб рахъалда бугеб Ракка шагьаралде ва цоги мухъазде рагьун буго «гуманитарияб коридор». Ракка ДАГIШалъул контролалда бугелдаса чанго моцI буго.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул вакилас Нью-Йоркалда журналистазда лъазабуна жидер идараялъ гьеб ишалъул гIицIго тохаллъи гьабулеб бугин ва гуманитарияб операциялда гIахьаллъулеб гьечIин.

ГIагарал къоязда Сириялда гьабун букIана кьвагьи чIезабиялда ва «гуманитарияб коридор» рагьиялда хурхун локалияб хасият бугеб чанго къотIи. Цо-цо мехалда гьел кIалъа-ралъаязда хIукуматалда ва рагъулаб оппозициялда гьоркьоб Туркиялъ ва Ираналъ гьабула гьоркьохъанлъи.

XS
SM
MD
LG