МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда кьвагьа-гIанхъи


24 декабралъул радал сагIат анкьгоялда МахIачхъалаялъул Редукторный мухъалда кьвагьа-гIанхъи бахъана. Нухдасан унеб букIана 'Газель' машина бачунев вукIарав чи чIвана. Гьеб 'Газелалда' хадур рачIунел рукIана автоматалги кодор ккурал, полициялъул ретIелги ретIарал гIадамазул цIурал джипал. Гьелищ тIоцере гьесде кьвагьдарал, яги досищ байбихьарабали жеги мухIканлъи гьечIо.

XS
SM
MD
LG