МагъчIваялъе рес

Стамбулалъул аэропорталда кьвагьи


Стамбулалъул Сабихи Гёкчен аэропорталда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъурай кIиго чIужугIаданалъул цояй хун йиго. Гьел рукIун руго аэроплан жаниса бацIцIунел. Кьвагьи ккун букIана арбагI къоялде сардилъ. Зарал гьабун буго 3 аэропланалъе. Полициялъ лъазабулеб буго гьеб бомба букIанищали. «ХIюрриет» газетаялъ лъазабухъе, аэропорт гIадатияб куцалда хIалтIулеб буго. Гьадинал руго гьаб сагIаталде ЭР цIиял харбал.

XS
SM
MD
LG