МагъчIваялъе рес

ФСБялъе ихтияр кьолеб буго гIадамал гIемералъуб кьвагьизе


Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ талат къоялда къабул гьабун буго ФСБялъул хIалтIухъабазе гIадамал гIемераб бакIалда кьвагьизе изну кьолеб къанун, гьебги «теракт ккечIого букIине, яги гъоркьлъалие росарал эркен гьарулаго, яги яргъилаб тIадекIанцIи бичIчIачIаго букIине». Гьеб документалъул рахъ ккун буго 343 депутатас, данде вукIун вуго кIиго депутат ва цояс гьаракь кьун гьечIо.

Гьелда рекъон, гьанже ФСБялъе ихтияр кьолеб буго Россиялъул гIурхъи бахунев бокьарав чиясул килщазул расеназул сурат бахъизе, гьезул хIалтIухъабазе «гьев чиясул терроризмалъулгун гIахьаллъи букIин халлъани». Гьел гIаламатал кинал рукIине кколелали гьеб документалда бицунеб гьечIо.

Гьеб къануналде данде гьаракь кьурав депутат Дмитрий Гудковас лъазабуна «гьеб бугин халкъалде ва хасго оппозициялде данде» бахъараб къанунин ва «гьанже низам цIунулезул тIасан ккарал ишаздаса щивго цIунун вукIине гьечIин».

XS
SM
MD
LG