МагъчIваялъе рес

Ходорковскиясул офисалда чIухьбан буго


РорчIизе рес гьечIеб тIадецуйин абуна талат къоялда жинца гIуцIараб «Рагьараб Россия» проекталъул хIалтIухъабазул дора гьабураб чIухьтIамиялде ЮКОСалъул вукIарав бетIер Михаил Ходорковскияс «Эхо Москвы» радиоялъе кьураб интервьюялда.

Талат къоялда ЦIех-рехалъул комитеталъул вакилзаби рачIун руго Москваялда ва Петербургалда ругел «Рагьараб Россиялъул» хIалтIухъабазул рокъо-рокъоре. Гьез гьединго чIухьбан буго «Рагьараб Россиялъул» Москваялда бугеб офисалдаги.

Рехсараб комитеталъул вакил Владимир Маркиница лъазабуна гьеб чIухьтIами хурхараб бугин ЮКОСалда тIад 2003 соналда рагьараб ва цIогь гьабиялда хурхараб аслияб ишалдайин.

11 декабралда Ходорковскиясда гIунтIизабун букIана 1998 соналда Нефтюганск шагьаралъул мэр Владимир Петухов чIвай гIуцIиялъул гIайиб.

Гьелда цебе 9 декабралда къватIисеб улкаялда вугев Ходорковскияс кьун букIана пресс-конференция. Гьелда гьес абун букIана Россиялда «конституциялде данде хиса-басиял» гьарун ругин ва «Россиялда инкъилаб къваригIун бугин, гьелдаса рорчIизе ресги гьечIин». Гьес кIвар буссинабулеб букIана ракълилаб инкъилабалъул жинца бицунеб букIиналде.

XS
SM
MD
LG