МагъчIваялъе рес

Исана Россиялъул цIех-рехалъул изоляторазда ва полициялъул бутIабазда хун вуго 191 чи


Москваялъул №4 цIех-рехалъул изоляторалда (СИЗОялда) исана ноябрь моцI байбихьаралдаса хун вуго ункъго чи. Аслияб куцалда гьел рукIун руго цIогь гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел рукIарал чагIи. Гьел хвеялъе гIиллабиги батIи-батIиял рехсолел руго. «Русская Эбола» абулеб проекталъ рагьарал информ-магIданаздасан гьабураб хIасилалда рекъон, исана соналда жаниб Россиялъул цIех-рехалъул изоляторазда ва полициялъул бутIабазда хун вуго 191 чи.

XS
SM
MD
LG