МагъчIваялъе рес

Human Rights Watch: Сириялда хIалтIизарулел руго кассеталъул абулел бомбаби


Сириялда кластериял кьвагьулел алатал хIалтIизариялъул гIайиб гьабулеб буго Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ президент Башар Асадил аскаразда ва Россиялдаса гьесул рахъ кколезда. Нью-Йоркалда аслияб офис бугеб гьеб идараялъ гьатIан къоялда къватIибе загьир гьабураб хIалтIул хIасилалда абулеб буго, Россиялъ Асадил рахъ ккун, Сириялда террористазде данде рагъулаб операция байбихьараб, 30 сентябралдаса нахъе кассеталъул абулел бомбаби рехиялъул 20 хIужа тIатун бугин.

Human Rights Watchалъ кIвар буссинабулеб буго ичIго мухъалда гьабурарал гьужумазул жидеца мухIканаб цIех-рех гьабун букIиналде. Гьел гьужумазул хIасилалда хун вуго 35 гIадатияв чи, гьезулги 17 лъимер ва 5 чIужугIадан рукIун руго. Лъукъун вуго анцI-анцI чи.

Human Rights Watchалъ цебеги лъазабулеб букIана Россиялда гьарурал кассеталъул абулел бомбаби Сириялда хIалтIизарулел рукIиналъ бижизабураб жидерго рахIат-хвеялъул.

2010 соналъул августалдаса нахъе халкъаздагьоркьосеб конвенциялъ гьукъун буго кассетазулаб абулеб ярагъ хIалтIизабизе. Россиялъ, Китаялъ, Америкаялъ ва цоги цо-цо улкабаз гьеб къотIи къабул гьабун гьечIо.

Москваялъ гIемер нахъчIвана Асадиде данде бахъулеб опозициялда кьаби щвезабулеб бугин ва гIадатиял гIадамал холел гьужумал жидеца гьарулел ругин гIайибал.

XS
SM
MD
LG