МагъчIваялъе рес

Казахстан Евроцолъигун гIагарлъулеб буго


Казахстаналъ ва Евроцолъиялъ къабул гьабун буго бухьенал дагьалги гъункизариялъул къотIи. 21 декабралда Астанаялда гьеб къотIиялда гъоркь гъулбасал лъуна Евроцолъиялъул къватIисел бухьеназул идараялъул бетIер Могериница ва Казахстаналъул къватIисел ишазул министр Ерлан Идрисовас.

Брюсселалъ хIаракат бахъулеб буго Гьоркьохъеб Азиялда бищунго кIудияб экономика бугеб Астанагун гIагарлъизе, амма политикияб рахъалъ Евроцолъиялъе гьелдаса гIагараллъун хутIулел руго Украина, Гуржия ва Молдова.

Евразиялъул экономикияб Цолъиялда аслиязул цояб бакI кколеб Казахстан Евроцолъигун гIагар гьабулеб гьеб къотIиялда разилъи загьир гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиница 21 декабралда Кремлалда Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевасулгун букIараб данделъиялда.

XS
SM
MD
LG