«Россия-1» телеканалалъе интервью кьолаго Россиялъул президент Владимир Путиница цIидаса гьаруна Цолъарал Штатал какулел лъазабиял. Мисалалъе, президентасул пикруялда, Европаялда бугеб Америкаялъул тактикияб ядерияб ярагъалъул цIикIкIарб хIинкъи буго Россиялъе, Россиялъул стратегияб ядерияб ярагъалдасан Цолъарал Штатазе бугеб хIинкъиялдаса.
Гьес гьединго лъазабуна «Европаялъ билъанхъизабулеб гьечIин лъиданиги бачIеб къватIисеб политикайин», гьелъ жиндирго суверенитеталъул бутIа Цолъарал Штатазухъе кьун букIиналъин.
Гьелдаго цадахъ Путинил рагIабазда, халкъаздагьоркьосеб аренаялда Россиялъул хьвада-чвади рагIула гIодобе биччараб, негативиял хIасилаздаса жибго цIуниялъул мурадалда.