МагъчIваялъе рес

Цолъарал Штатазул авиакьабиязул хIасилалда хун руго ГIиракъалъул рагъулал


Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Эштон Картерица рикIкIунеб буго, ГIиракъалъул ичIго рагъулав Цолъарал Штатазул авиациялъул кьабияздаса хун ватизе бегьулин ва зигара бана ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдер аль-Абадиде телефоналдасаххун.

Коалициялъул къуватаз авиакьабиял щвезарулеб мехалда ГIиракъалъул рагъулал хун рукIин шамат къоялда тасдикъ гьабуна ГIиракъалъул улка цIуниялъул министр Халед аль-Обейдица.

Гьелдаго цадахъ Цолъарал Штатазул рагъулаз лъазабулеб буго, Америкаялъ нухмалъулеб рагъулаб коалициялъ щвезарурал авиакьабиязул хIасилалда Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул 200-ялде гIунтIун чи тIагIинавунин.

XS
SM
MD
LG