МагъчIваялъе рес

Берналда дандчIвана Азербайджаналъулги Армениялъулги лидерал


Шамат къоялда Берналда данчIвана Азербайджаналъулги Армениялъулги президентал Ильгьам ГIалиев ва Серж Саргсян. Гьез гьоркьор лъун руго МугIрузул Гъарабахалъул конфликт рагIалде бахъинабиялъул суалал. Гьанжеги лъазабулел гьечIо рахъазул кIалъа-басаязул хIасилал.

Гьеб данделъи тIобитIун буго кIиябго пачалихъалъул гIорхъода ахIвал-хIал хIалуциналъул фоналда, Швейцариялъул ахIиязда гIенеккун.

Азербайджаналъулги Армениялъулги президентазул ахирисеб данделъи букIана Парижалда 20I4 соналъул 27 октябралда.

XS
SM
MD
LG