МагъчIваялъе рес

Юрий Чайкал лъималазда хурхараб цIех-рехх гьабизе гьечIо Кремлалъ


Россиялъул президентас хамиз къоялда санайилаб пресс-конференцияла кьурал жавабазда хурхарал комментариял гьаруна президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас.

Президентасул контролалъул идараялъ генералияв прокурор Юрий Чайкал лъималазул хIаракатчилъиялъул хал гьабизе гьечIин, гьеб механизмалъ эркенал предпринимателазул контроль гьабуларин. Живго генпрокурорасда хурхун хал-шалалъул хIасилазде балагьунги журналистал чIезе кколарин, лъазабуна Песковас «Интерфакс» агентлъиялъе.

Цебесеб къоялда, пресс-конференциялда Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул цIех-реххалъе къимат кьолаго, президент Владимир Путиница лъазабун букIана «балагьизе кколин» хвезарун ругищали Юрий Чайкал лъималаз къанунал ва гьабун бугищали гьес гьезие кумек. Гьелъие бугин Президентасул контролалъул идарайин.

Живго Чайкацаги Песковасги лъазабуна, гьеб цIех-рехх гьабун бугин къватIисан тIадкъаялда рекъонин.

XS
SM
MD
LG