МагъчIваялъе рес

Прокуратураялъ хал-шал гьабулеб буго «Дождь» телеканалалъул


Москваялъул прокуратураялъ тIатинабун буго, «Дождь» телеканалалда захIматалъул хIакъалъулъ къанун хвезабулеб букIин. Гьелъул хIакъалъул лъазабуна «Интерфакс» агенлъиялъ прокуратураялъул хIалтIухъанасда базабун.

7 декабаралда «Дождь» телекомпаниялда хал-шал гьабизе байбихьана прокуратураялъул хIалтIухъабаз. Гьебго заманалда лъазабулеб гьечIо телеканалъул экстремизмалъул рахъалъан гьабураб хал-шалалъул хIасилазул хIакъалъулъ.

XS
SM
MD
LG