МагъчIваялъе рес

Варвара Караулова аресталда гъоркь толей йиго тIадеги


Москваялъул Лефортово мухъалъул диваналъ 27 марталде щвезегIан халат бахъинабуна жиндир цIар Александра Ивановалде буссинабурай Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъе лъугьине гIамал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабурай Варвара Карауловалъул арест.

«Интерфакс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, гьелъие гьединго бихьизабун буго психиатрияб экспертизаги.МГУялъул философиялъул факультеталъул студент Караулова июналъул байбихьуда ккуна Туркиялдаса Сириялде исламистазул контроалда гъоркь бугеб территориялде ине хIалбихьулеб мехалда.

XS
SM
MD
LG