МагъчIваялъе рес

Анкараялда СШАялъул вакиллъиялъ хIалтIул режим хисизабуна


Туркиялъ Цолъарал Штатазухъе кьуна Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъ Стамбулалда Америкаялъул консуллъиялде тIадекIанцIи хIадур гьабулеб букIараблъиялъул хIакъалъулъ инфоормация.

CNN Turk абураб Туркиялъул агентлъиялъ лъазабулеб буго, Кахраманмараш шагьаралда дипломатазул минаялда аскIов живго кьвагьизавизе хIадурлъулев вукIарав Хардани абурав хвалде унев кквеялъул хIакъалъулъ.

АрбагI къоялда терактазул хIинкъи букIиналъ, Анкараялда Цолъарал Штатазул вакиллъиялъ жиндирго хIалтIиялъе гIорхъаби чIезаруна.

XS
SM
MD
LG