Кремлалъ лъазабулеб буго, жидер кинал гIаги планал гьечIин Алексей Навальныяс нухмалъулеб Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул цIех-реххалда хурхун генпрокурор Юрий Чайка къануналъул асаралдаса цIунизейн. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас «Интерфакс» агентлъиялъе.
Гьединаб лъазаби Песковас гьабуна, РБК сайталда президентасул администрациялъулги, Пачалихъияб Думаялъулги, Федерациялъул Мажлисалъулги нухмалъиялде гIагарлъи бугел гIадамазда базабун, талъиялъ генпрокурор щиб гьабунги цIунизе гIамал гьабизе бугин, абураб информация баккун хадуб.
Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъ бахъараб жибго фильм гьезда ракIалда бугин бихьизабизе Магърибалъул тадкъай тIубазаби хIисабалдайин ва живго Навальныясде данде юридикиябгун информациялъулаб гьужум байбихьизе ракIалда бугин Кремалалдайин, абурал жидер цIарал рехсечIел ва талъиялде гIагарлъи бугел гIадамазул рагIаби рачун бицунеб буго гьединго РБКаялъул сайталъ.
1 декабралда Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъ интернеталда бахъана Россиялъул генералияв прокурорасул, гьесул идараялъул хIалтIухъабазул ва Юрий Чайкал хъизаналъул коррупциялде хурхен букIин бихьизабулеб документалияб фильм.
Живго Чайкацаги лъазабуна, гьеб фильм Магърибалъул тадкъай тIубазаби кколин, гьелда нахъ Британиялъул бизнесмен Уильям Браудер вугин.