МагъчIваялъе рес

Джон Керрица кIалъа-басаял тIоритIана Москваялда


Талат къоялда Россиялъул президент Владимир Путингун дандчIвалелда цеве Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри данчIвана Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул нухмалъулей Людмила Алексеевагун.

Гьелда цеве гьес кIалъа-басаял тIоритIана Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасулгун. Гьел хурхарал рукIана Сириялдаги Украиналдаги ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул суалазда.

Керрица лъазабуна, Россиялъулги Цолъарал Штатазулги релъарал пикраби ругин «Исламияб пачалихъ» яги ахрисеб заманалда жинде ДАГIИШин абулеб Россиялдаги цогидал пачалихъаздаги гьукъараб террористияб гIуцIиялдаса бугеб хIинкъиялъе къимат кьолеб мехалдайин. Гьелъулгун кIалъа-басаял гьариялъул биценцин букIине кколарин рикIкIунеб буго пачалихъияв секретарас.

XS
SM
MD
LG