МагъчIваялъе рес

ИГИЛалъулгун ФСБялъул хIаязул


Украиналда чанго къоялъ бицунеб буго иргадулаб сенсациялъул. Гьеб хурхараб буго журналистазда Евгений абун вихьизавурав ФСБялдаса лъутун вачIарав абулев чиясда. Украиналъул телеканалазе гьес жинцаго бицухъе, ФСБялда гьев терроризмгун къеркьолев вукIун вуго ва Лубянкаялда тIадегIанаб даражаялдаги вукIун вуго.

Евгенийица гьединго абун буго жинда кIолин Россиялъулги ДАГIШалъулги (ИГИЛалъулги) бухьенал рукIиналъул ва Европаялда бусурбабазул жамгIиятаз гъал-магъирал гьариялъулъ Москваялъул квер-багъари букIиналъул дадалилал рачинейин.

Украиналъул журналистазе гьесго бицун буго 2009-2011 соназда Лондоналда тукабазде гьужумал ФСБялда ва СВРалда жанир ургъарал планазда рекъон гьарун рукIанин.

Европаялда ругел бусурбабазул диаспорабазде гъорлъе жидер улкабаздаса лъутарал хIисабалалда Москваялъ агентал ритIулел ругелдаса гIемерал сонал ругин.

Евгенийил пикруялда, Америкаялъе рахIат толареб террористияб идара гIуцIи ФСБялъ цIакъ лъикIаб ишлъун рикIкIунеб букIун буго. ДАГIШ гIуцIиялъулъ ФСБялъул гIахьаллъи букIине рес бугищан журналистаз гьикъидал Евгенийица абулеб буго битIараб гьечIониги, бугин.

Гьебго заманаялда журналистаз тIадчIей гьабулеб буго гьес бицунеб бугебщинаб жоялъул кIиго нухалда полиграфалда хал гьабун букIаналда.

Евгений жиндир заманаялда ай ДАГIШгун Россиялъул бухьен букIиналъул бицунеб, амма гьеб чIезабизе далилал гьечIеб заманаялда ваккун вачIарав чи вукIиналде кIвар буссинабулеб буго цо-цояз. Магърибалъул экспертаз гьикъулеб буго жиндасан рагIизе бокьараб жо буцунев гуревдай Евгений вугев абун?

Москваялъулги ГIагараб Машрикъалъулги гьоркьорлъабазул бицунаго «Новый Регион» абулеб сайталда кIвар буссинабулеб буго ДАГIШалда тIад бергьенлъи босизе Москваялъе гIемерго къваригIун гьечIолъиялде. Гьез рикIкIунеб буго гьелдасаги Россиялъе къваригIун бугин Европаги Америкаги цоцалъ базабизейин. Гьеб бихьизабулеб бугин Туркиягун гьабураб конфликталъги, Евроцолъигун НАТОялъул цолъиялде ва рекъонхIалтIиялде данде гьарулел информациониял гьужумазгийин хъвалеб буго «Новый Регионалъ».

Гьезго ракIалде щвезарулел руго Парижалда терактал гьарун хадубго интернеталда раккарал профессионалиял видеороликалги. Гьезда россиялъулазе гьабулеб хитIаб букIанин ДАГIШгун гуреб, гьез абухъе, «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъа ва халкъаздагьоркьосеб терроризм гIуцIараб Америкагун къеркьезе кколин абурабин.

Гьеб кинабго букIанин къватIисеб гуреб жанисеб аудиториялдехун битIараб пропаганда ва гьеб далиллъун бачине бегьуларин хъвалеб буго рехсараб сайталда, амма къватIисеб риторикаялдаги конфликталъул градус дагьлъулеб гьечIин.

Сириялда Россиялъул хIаракатчилъиялъул анализ гьабулел экспертаз рикIкIунеб бугин гьениб Россиялъулги Магърибалъулги мурадал цоцазде данде кколел гьечIин.

Мокваялъе къваригIун бугин гьеб регионалда Америкаялъул асарги дагьлъизабизе ва Ракьаздагьоркьосеб ралъдал Сириялъе кколеб рагIаллъиялда щулалъизе. Гьебги, хадуб гьениб бугеб нартгун газида кверщел гьабизелъун. Гьедин рикIкIунеб буго Минскалда бугеб стратегиял ва къватIисеб цIех-рехалъул Централъул директор Арсений Сивицкияс.

Иш гьедин батани, Россия хIакъикъаталдаги, гьеб рахъалъ, террористазул рахъалда Магърибалде данде чIолеб бугин гьезулгун гьединаб къотIи гьечIонигиян хъвалеб буго «Новый Регионалъ».

Машрикъалда рекъонхIалтIиялда сверун Институталъул президент (Израиль) раввин Авраам Шмулевичица гьебго сайталъе абун буго Асадил контролалда бугеб территориялъулги ДАГIШалъулги бугин бищунго кIудияб гIаммаб гIорхъи, амма хас гьабун гьеб гIорхъода ругин бищунго дагьал рагъалин. Гьединго ДАГIШиалда рагъулел ругин Саддам ХIусенил армиялда рукIарал ва СССРалдагун Россиялда лъай щварал генералал. ДАГIШалъул нухмалъулезда сверун Россиялъухъ гIемерал баянал ругин ва гьез гьелдаса кин пайда босулеб бугебали лъазе бокьилаанин абулеб буго Шмулевичас. Гьесулго пикруялда, гьеб рахъалъ Россиялда кIудияб щаклъи буго ва гьеб тIагIинабизеги Россиялъ щибго гьабулеб гьечIо.

http://voronz.in.ua/recomend/7-12-15-28932

ФСБялъул битIараб кумек батичIониги, гьезул квер-бакъиялдалъун Сириялде рагъизе Кавказалдаса ва хас гьабун Дагъистаналдаса гIолилал унел рукIиналъул кIудияб макъала хъван букIана жий хIалтIулеб «Новая Газетаялда» Елена Милашиналъ.

ЦIияб Сасикь росдал бегавулас Сириялде рахъизе арал цо-цоязул жиндие кьурал баянал хисизаричIого рахъун рукIана гьелъ газетаялда.

«МухIамад Анычев. Сириялде ун вукIана гьенив цIалулев вукIарав гьесул вас, вагъизеги ун, чIван хадуб. Эмен гьениве уна сундуе гIоло жиндир вас вагъулев вукIаравали бихьизе. Ахирги кверги камун вачIуна рокъове.

Хуля абулей гIадан. Гьение ун йиго лъабго васгун ва росгун цадахъ. Гьелъул цояв вас полициялъ толев вукIун гьечIо ва гьев цин живго ун вуго гьениве. Гьесда хадуб тIлабго хъизанги бахъун буго. Киналго бихьинал гьенир чIван руго ва гьей гьений гьанже жийго хутIун йиго.

Гьарун. ТалихI къосарай эбелалъул вас. Гьелъул жеги кIиго ясги йиго. Гьелги росазе кьун цо вугев васасе рукъги бан яшав гIуцIулей йикIана эбел. Бугелъуб бугебги тун гьев уна Сириялде ва гьенив чIвала. Гьесие букIана 17 сон. Щиб гьесие камун букIараб?

Шамиль Церов. ЧIухIдарулев гIабдал. Пятигорскалдеги ун ячана гьес гIурусай. Инсуца гьениса нахъеги вачун росулъа ясгун гьабуна гьесие бертин, рагьана тукен. БокьичIо гьесие хIалтIизе, лъутана Сириялде. Гьев вагъизе анинищ нужеда кколеб? Гьединал чагIи рагъулищ? Гьезие щиб къваригIун бугебали гьезда жидедаго лъаларо».

Сириялде ине къасд гьабурав ва гьениве щвелалдего тIадвуссарав чиясул адвокатас Милашиналъе бицун буго гьесул маршруталъул:

Цин МахIачхъала-Баку поезд, хадуб Баку-Стамбул автобус, Стамбулалдаса Трабзоналде ва гьенисан маршруткаялдаги рукIун Сириялъулгун гъорхъоде. Гьениб лагералда гьесда данделъун руго жидер хьвада-чIвади исламалде дандекколарев кIиго гIолилав. Гьел гьединал ругин командирасда бицун буго гьас. Дос абун буго: «Гьеб дур иш гуро, заман щвараб мехалда дица гьел чIазе руго»,-ян. Гьенир ругел мекълъаби рихьарав гьев чи гьениса нахъе лъутун вуго ва гьанже дагъистаналда туснахъалъув вуго диван къотIизегIан.

ЦIияб Сасикь Милашиналъе бицун буго Сириялде ине гьезул росулъа «рохьабахъ» рукIаразе паспортал ФСБялъ кьунин. Гьебго идараялъ кьолин гьезухъе нухабе гIарацги, Сириялде ине гьел ахIулелги ФСБялда лъачIого гьенире рачIунарин.

ФСБялъул ДАГIШалъулгун бухьен букIиналъул гуреб, Шималияб Кавказалда ФСБялъ цIияб стратегия хIалтIизабулеб букIиналъул бицунеб бугин гьеб макъалаялдайин абуна жийго Милашинаца Эркенлъи Радиоялъе.

XS
SM
MD
LG