МагъчIваялъе рес

"Дальнобойщиказул" акция тIобитIана Москваялда


Итни къоялда Москваялда Президентасул администрациялъул минаялда цебе протесталъул акция тIобитIана халатаб манзилалъ юк баччулел автомобилазул бетIергьабаз.

Гьеб тIобитIун буго КПРФалдаса депутатазулгун гара-чIвариялъул форматалда.

Талдбиралда гIахьаллъун вуго 70-ялдаса цIикIкIун шофер.

Акциялъул гIахьалчагIаз цIидасса загьир гьабун буго «Платон» яги «Ротенбергил къанунин» абураб нухаздаса пайда босиялъухъ мухь цIикIкIинабиялда хурхараб системаялда разилъи гьечIолъи.

XS
SM
MD
LG