МагъчIваялъе рес

Маккаялъул муниципалияб шураялъул депутатлъун чIужу-гIадан йищана


СагIудиязул ГIарабиялъул тарихалда тIоцебесеб нухалъ чIужу-гIадан йищун йигоан Маккаялъул муниципалияб Шураялъул депутатлъун. Шамат къоялъ гьенир тIоритIарал рищиязда руччабиги гIахьаллъулел рукIана бихьиназдаса ратIа чIун.

“Руччабаз рищиязда гIахьаллъулел рукIиналдаса ва гьелдалъун пачалихъ цебетIезабизе жидерго гьунар бугеблъи бихьизабизе рез щваралдаса дун цIакъ разияй йиго», - ян абуна Джаваъа абулей цо йищарухъаналъ Эр-Рияталда жиндирго гьаракь кьун.

СагIудиязул Гарабиялъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда руччабазе ихтияр кьун буго рищиязда гIахьаллъизе.

XS
SM
MD
LG