МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул Парачинар шагьаралда кьвагьи: 17 чи чIван вуго


ГIага-шагарго 17 чи чIван ва 50-гIан лъукъун вуго Пакистаналъул Парачинар абулеб шагьаралъул базаралда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда.

Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад босун буго "Лашхар-и-Жангви" абулеб суннитазул гIуцIиялъ.

Парачинар ккола Куррам вилаяталъул аслияб шагьар. Гьениб гIемерал соназда жаниб халат бахъунеб буго суннитазулгун шиитазул бидулаб дандечIей.

XS
SM
MD
LG