МагъчIваялъе рес

«ГIурхъаби гьечIел тохтурзабаз» Америкалъул рагъухъабазда гIайиб чIвана


Щварал баяназда рекъон Америкалъул авиациялъ Афгъанистаналъул Кундуз шагьаралда бугеб рахIму-цIобалъул азарханаялде гьавадул гьужум гьабун хадусала 42 чи чIван вуго.

Гьезда гъорлъ – «ГIурхъаби гьечIел тохтурзаби» абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул 14 хъулухъчи. Гьадинаб лъазаби загьирабуна шамат къоялъ рехсараб гIуцIиялъ.

Гьелъул хIисабалда гьеб букIанин унго-унгояб рагулаб такъсир. Жиндир иргаялда Цолъарал Штатазул рагъулал хъулухъчагIаз лъазабуна, гIиллалъун ккун букIанин воржарухъанас гьабураб гъалатIилан.

XS
SM
MD
LG