МагъчIваялъе рес

Хомсалда теракт. 15 чи чIван вуго


Шамат къоялъ Сириялъул Хомс шагьаралда алавитаз гIумру гьабулеб махIлаялда жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьизабун, 15 чи чIван ва 60-гIан чи лъукъун вуго. Reuters агентлъиялъул баяналда рекъон Сириялда 2011 соналда байбихьараб ва гьанжелъизегIан халат бахъунеб гражданияб рагъда гIаммаб къадаралда 250 азарго чи чIван вуго.

XS
SM
MD
LG