Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ официалияб къагIидаялъ Михаил Ходорковскиясде гIунтIизабуна Нефтеюганскалъул мэр Владимир Петухов чIваялъул хIадурлъи гьабиялъул гIайиб.
Низам цIунулезул пикруялда хасго Ходорковскияс гьадинаб буюри кьуна 1998 соналда Леонид Невзлиние ва Алексей Пичугиние жив ЮКОС-алъул бетIерлъун вукIараб мехалда. ЦIех-рехалъул комитеталъул кагъат Ходорковскиясул инсухъе бачIун буго.
Живго Михаил Ходорковскияс абулеб буго жиндир хиял гьечIин низам цIунулезулгун бухьен гьабизе.