МагъчIваялъе рес

Мароккоялъул низам цIунулез изну кьуна СалахI ГIабделсалам кквеялъе


Мароккоялъул низам цIунулез изну кьуна СалахI ГIабделсалам кквеялъе. Щаклъи буго Парижалда 13 ноябралда гьарурал терактазда гьесул хурхен букIиналда. Рейтер агентлъиялъул баяналда рекъон гьадинаб изну ноябрь моцIалъул ахиралда кьун букIанин, аммаила Мароккоялъул хасал хъулухъазул ракI чIун гьечIин СалахI ГIабделсалам Шималияб Африкаялда вукIиналда.

Гьев ккола Франциялъул гражданин. Ноябрь моцIалда гьев вала-гъалагьулев вукIана Германиялъул полициялъги. Гьесул вацас Парижалда рукIарал терактазул заманалда живго жинцаго кьвагьизавуна.

XS
SM
MD
LG