МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялъул разилъи гьечIо Венгриялъул политикаялдаса


Хамиз къоялъ Европаялъул комиссиялъ байбихьана тIурун чIаразда ва мигрантазда бан Венгриялъ хIалтIизабулеб политикаялъул цIех-рех гьабизе.

Евроцолъиялъул цо хъулухъчияс Рейтер агентлъиялъе лъазабуна, Брюссель разияб гьечIин Будапешталъул хьвада-чIвадиялда. Жинда бараб критикаялъе цониги жаваб кьолеб гьечIин Венгриялъул хIукуматалъ. Европаялъул цогидал улкабазул ццим бахъун буго Венгриялъ мигрантазе гIурхъаби тIамиялда.

XS
SM
MD
LG