МагъчIваялъе рес

Польшаялул ва Британиялъул церехъабаз Россиялъул суал дандбана


Варшаваялда тIоритIарал кIалъа-басаязда Польшаялъул президент Анджей Дудаца ва КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница гьоркьбоб лъуна Россиялде данде лъазарурал санкциязул суал. КIиявго цевехъан разилъана гьединал санкциял халат бахъинабиялда.

Украиналда бугеб ахIвал-хIал дандбан гьез абуна, Минскалъул къотIи-къаял Россиялъ тIуразарулел гьечIин, гьединлъидал санкцияби хIалтIизаризе кколин.

XS
SM
MD
LG