МагъчIваялъе рес

Эрмениялъул хасал хъулухъчагIазда жиндирго жасус ватана


Армениялъул хасал хъулухъаз ккуна хIалхьиялда вугев улкаялъул яргъид гIуцIарал къуватазул офицер 38 сон барав Гарик Марутян. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб - Азербайжаналъул пайдаялъе жасуслъи гьаби. Армениялъул миллияб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъул лъазабиялда рекъон Марутяница рагъулаб хъулухъ гьабулеб мехалда Азербайжаналъул хасал хъулухъазе балъгояб информация кьолеб букIанин. Диваналъ Марутян гIайибиявлъун рикIкIани, гьев 15 соналъ жаниве тIамизе бегьула.

XS
SM
MD
LG