МагъчIваялъе рес

Рос-лъади ГIариф ва Лейла Юнус эркен гьарун руго


Азербайжаналда эркенлъуде йиччан йиго Паракъалъиялъул ва демократиялъул Институталъул директор Лейла Юнус. Цебе махIкамаялъ гьабураб хIукму хисизабуна аппеляционияб диваналъ. Гьелъие гьанже бихьизабун буготуснахъалъул шартIазул щуго сон.

Хисун буго гьелъул рос ГIариф Юнусиеги гьабураб къотIи. Гьесиеги бихьизабун буго гьадинабго тамихI. Лейла ва ГIариф Юнус ккун рукIана гъоркьисала июль моцIалда. Гьезда чIвараб гIайиб - гьересиял документал гьари ва магъало кьунгутIи.

Байбихьуда диваналхъ хIукму гьабуна Лейла микьго бащадгун соналъ жание тIамизе ва ГIариф – анкьго соналъ туснахъ гьавизе.

XS
SM
MD
LG