МагъчIваялъе рес

"Тайм" журналалъ Меркель лъагIалил инсанлъул лъазаюна


Америкалъул "Тайм" журналалъ Германиялъул канцлер Ангела Меркель лъагIалил инсанлъул лъазаюна. Гьадинаб хIукму бичIчIизабулаго, журналалъул редакциялъ абулеб буго Меркелица цогидал политиказде данде ккун цIикIкIараб таваккаллъи бихьизабунин.

Гьеб гуребги Дунялалъе гIолареб моралияб цевехъанлъиги бихьизабунин Алманиялъул канцлералъ. Редакциялъ рехсолеб буго Меркелица мигрантазде нух рагьиялъул ва цогидал хIужаби.

XS
SM
MD
LG