МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда 37 чи чIван вуго


Афгъанистаналъул Кандагар вилаяталда бугеб рагъулаб аэродромалде тIалибаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда 37 ракълилав инсан вчIван вуго, ян лъазабуна арбагI къоялъ Афгъанистаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъ. Бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьедингго 9 тIаде кIанцIаравги чIван вуго. Гьеб аэродром хIалтIизабулеб буго тIалибазде данде рагъ бачунеб халкъаздагьоркьосеб коалициялъ.

XS
SM
MD
LG