МагъчIваялъе рес

"Терапия" гьечIеб шок ва гIун бачIунеб жамгIият


Россиялда гражданазулаб жамгIият гIагараб къого соналда жаниб лъугьине кинабгIаги рес гьечIо. Улкаялъул нухмалъуде В.Путин вачIаралдаса нахъе ахир лъуна 90 абилезда кьучI лъураб гражданазул жамгIияталъеги, эркенаб пикруялъе ва рищиязегиян абураб пикру тIубанго битIун бугин абизе кIоларо жакъа.

Лъалеб жо буго Россиялда ахир лъуна демократиял рищиязе, къана политикияб конкуренция, жамгIияб ва сиясияб къеркьей. ЦIар федеративияб пачалихъалъул ва нухмалъи демократияб бугин абуниги улкаялда лъугьана авторитаризм ва тIарадаса ахаде щвезегIан цохIо чиясул амруялдалъун гьабулеб нухмалъи. Гьел шартIазда рес бугищ гражданазул жамгIият абураб суалалъе якъинаб жаваб буго "гьечIо" абураб.

Амма гьеб жаваб тIубанго битIун гьечIо. Щай гурелъул улкаялъул тIалъиялъ жамгIияталъе гьарурал гIурхъичIваяз, рикъарал ихтияраз, кьолеб гIакъубаялъ борчIизабулеб бугин кколеб буго макьидаса гьеб кьижун букIараб жамгIият ва гражданал.

ТIалъиялъе тIоцебесеб гражданазул жамгIияталъул гIаламатлъун, ишаралъун рикIкIине бегьула Ротенберг хьихьизе жидер гIарац гьечIин, махIрум гьаруге жал хъизан хьихьизе бугеб ресалдаса абураб ахIиялда къватIир рахъарал КАМАЗ автомобилазул гьокочагIи ва гьезул протест. Гьезул къадар дагьаб гьечIо жакъасеб Россиялда.

Харжал дагьал мугIалималги, язихъаб пенсиялда ругел хералги, гIейгьечIеб ва мукъсанаб гIарцуда тIамураб гIелмугун культураги цолъани лъугьине буго Россиялда хIикъикъияб жамгIият ва тIалъи хIисаб кьезе тIамулеб къуват.

Жакъа гьеб киналдасагоги рикIкIалъун тIубанго пропагандаялда гъоркь бугеб пачалихъ буго къватIиса тушман валагьулеб. 2008 абилеб соналъ гьев "къватIиса тушман" вукIана жидер пачалихъалъул цолъи цIунулеб Гуржистан, Югалъулаб Осетия ва Абхазия.

Чанго соналдаса гьевго "тушман" лъугьана Украина ва нилъ "бетIергьанаб" Крымалда хиял лъурал бакътIерхьул хиятначагIи. Хадув аслияв "тушман" лъугьана Шам ва ИГИЛ. Гьезие ракетабазул "ясикIаби" рикьулеб улка букIаго турказ щвезабуна хиянатаб кьабгIи Россиялда "нахъасан".

Гьелда хурхун цIияб абундачцин бижана, кинабго дунялалде мугъ сверараб улкаялда нахъасан щолин кьаби абураб. Жакъа Россиялъул аслияв тушман вуго Эрдоган ва туркал. Къо бахъанагIан цIикIкIунел тушбабиги руго, борхулеб улкаялъуд къираласул рейтингги буго. Амма гьеб киналъего ахир лъолеб буго халкъалда кьили чIвазе бокьун цIиял къанунал рахъулеб парламенталъги.

Коррупциялъул механизмабазда жаниб къараб тIалъиялъги. Россиялда бикъараб гIарцухъ Грециялда гьундул ралеб ва росулеб прокуратураялъул гIагарлъиялъги. Ротенбергалги, Тимченкоялги ва анцI-анцI цогидал Путинил заманалъ загьирлъарал "гениязе" гIоло рахъулел цIиял къануназ ва халкъалъул горбода рарал хомутазги.

Гьеле гьез гIезабизе буго гьеб гражданазулаб жамгIият ва протесталъул электорат. Хасго гьеб бижиялъе квербакъизе буго тIаде бачIунеб финансовияб ва экономикияб кризисалъ, дунялалъул базаралда бортулеб нартил багьаялъ ва хиралъулеб къайи-цIаялъ.

Жакъа Россиялда кIолеб гьечIо ярагъгун гIаракъиги, ролъги гурони я тIадагьаб промышленносталъул къайи-цIа, ретIел хьит, техника, кванил нигIматал щибниги халкъалъе гIезабизе къватIиса босичIого. КъватIир абуни - магърибалда ва машрикъалда рагIула "тушбаби".

Гьел киналго шартIаз гIезабураб жамгIияталъ, гьезул тIалабалъ бищараб тIалъиялъ, ай гIакълуялъ законалъе ва законалъ халкъалъе нухмалъи гьабиялъулъ бихьулеб буго цохIо хвасарлъи.

Гьелде улка бачIине ккани жакъасеб тIалъиялъ гьаризе ккола кIванагIан гIемер гъалатIал. Гьезул рахъалъ киналго планал тIуразарулел руго ахираб заманалда нухмалъиялъ. Гьединаб буго къисмат Россиялъул. ГIадада гуро 90 абилел соназул байбихьуда Егор Гайдарил реформабазул, улкаялда машгьурлъи щвараб "чIегIераб итниялъул" бицунаго гьелгощинал дандекквеял ва хасал эпитетал щвараб гьеб дагьабго заманалъе.

Реформабазда цIар букIана "шоковая терапия" абураб. "Шок" букIана, терапиялдаса лъалеб жо гьечIо"- ян махсароги бижараб. ГIурусаца абула щибаб махсроялъулъ цо бутIа битIараб бугин, гьелдасаги мухIканго абуна цогидав гIакъилав чияс: "щибаб махсароялъулъ бутIа махсаро букIунин, хутIараб кинабго битIараб бугин".

Сунде рачинел нилъ жакъасеб рагъа-рачариялъ? Лъаларо, лъалеб жо буго гьаб чIунхутIиялъул заман гьечIеблъиги, улка цо хасаб нухде бахунеб букIинги. Гьеб нух камиял дагьаб ва нилъее рихараб магърибалдаги, бечедаб машрикъалдаги релълъарабгIайги батайги. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG