МагъчIваялъе рес

Amnesty International: "Яргъил даран-базаралъе ахир лъезе ккола"


ГIиракъалда анцI-анцI соналда жаниб халат бахъунеб яргъил даран-базаралъул хIасилалда «Исламияб пачалихъалъул» рагъухъабазул кверде гIемераб къадаралда ярагъ-матахI щун буго, ян лъазабуна инсанасул ихтиярал цIунулеб Amnesty International гIуцIиялъ талат къоялъ загьирабураб жиндирго хасаб докладалда.

Гьелъул авторас абулеб буго гьеб яргъил цIикIкIараб бутIа ва рагъулаб техника цебе ГIиракъалъул армиялда букIун буго.

ГьабсагIат «Исламияб пачалихъалъ» хIалтIизабулеб буго къогогIан улкаялда гьабураб ярагъ. Гьезда гъорлъ Россиялда, Цолъарал Штатазда, Китаялда ва Евроцолъиялъул улкабазда гьабураб.

Amnesty International гIуцIиялъ гьел киналго улкабаздехун буссун, ахIи балеб буго яргъил даран-базар гьабиялда эмбарго тIамиялде.

XS
SM
MD
LG