МагъчIваялъе рес

ГIиракъалъ Туркиялдаса тIалаб гьабулеб буго


ГIиракъалъул хIукуматалъ Анкараялдаса тIалаб гьабуна талат къоялде ГIиракъалъул шималияб территориялдаса Туркиялъул аскариял нахъе рачин.

ГьечIони, жидеца Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялде гIарз битIизехъин бугин Туркиялде данде тадбирал тIуразари мурадгун.

ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар аль-Абадица лъазабуна, Туркиялъул яргъид гIуцIарал къуватал ГIиракъалъул разилъи гьечIого гьенире рачIанин.

Жиндир иргаялда Туркиялъул къватIисел ишазул министр Мевлут Чавушогълуца абуна, Анкараялъ 3 декабралда гьенире жиндирго 130 рагъулав хъулухъчи витIанин дора ругел туркиялъул аскариял цIини ва хиси мурадалда.

XS
SM
MD
LG