МагъчIваялъе рес

Сириялъ Америкалде гIайиб гIунтIизабуна


Сириялъул машрикъалъул рахъалда гьарурал гьавадул гьужумазул хIасилалда хIукуматалъул лъабго аскарияв чIван вуго, жеги 13 солдат лъукъун вуго.

ТIадтараз гIайиб гIунтIизабулеб буго Цолъарал Штатазул бетIерлъуда гъоркь гьениб рагъ бачунеб коалициялде. Сириялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, хIукуматалъул рагъулаб мархьиялде ичIго ракета биччан букIанин. Гьелда бан рехсараб министерлъиялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялде гIарз битIана.

Америкалъул командованиялъ жиндир иргаялда абулеб буго жиндир кинабгIаги хурхен гьечIин рехсараб хIужаялда. Аль Джазира телеканалалъе Цолъарал Штатазул аскарияз баян гьабуна, жидеца тIаде кIанцIиял гьарунин рехсараб бакIалда ругел нартил магIданазде.

Гьел магIданал Исламияб Пачалихъалъул контролалда гъоркь ругин. КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул баяналда рекъон гьавадул кьабиял гьарун рукIана Аяш шагьаралда аскIоб бугеб рагъулаб мархьиялде.

XS
SM
MD
LG