МагъчIваялъе рес

"Унго, диссидентлъун вукIарав гурев"


ГIумар-ХIажиги Расулги
ГIумар-ХIажиги Расулги

Нилъеда лъалеб, якъинаб жо буго советияб пачалихъалъ цIияб гIуцIиялъе, партиялъул ва улкаялъе хъулухъалда тIамун букIана тIолабго творческияб интеллигенция: хъвадарухъаби, журналистал, актерал, артистал, художникал, скульпторал, ай киналго ботIроца ва гьунаралъ щиб бугониги гIуцIулеб халкъ. Гьел лъикI хьихьулелги рукIана, ай пачалихъалъе хъвадарухъан ва хъвадарухъанасе пачалихъ цоцазе хIажат рукIана.

Гьелъул хIасилалда рижана гIемерал батIи-батIиял, жакъа нилъеца ирониягун цIалулел кучIдул, къисаби харбал:

"Коммунизмаялъул рорхалъабазе

Роххалида унеб улка буго дир..."- ан абурал мухъал гIадаб творчество.

Лъалеб букIахъе совет пачалихъалъ нух ва рес кьуна гIемерал гьунар тIокIал гIадамал халкъалъухъе щвезаризеги. Масала, нилъер кинабго аваразул хIурият бергьинелде цебе букIараб рухIияб ирс, асарал ва цIарал халкъалъухъе щвезаруна тIад руссун цIияб пачалихъалъ.

Гьединго рорхана ва тIубараб улкаялда машгьур гьаруна цо-цо мехалда гIемерго гьеб машгьурлъиялда рекъараб гьунар гьечIел гIадамалги. Гьединаздаса цоявлъун рехсезе бегьула районаздагун росабазда, колхозаздагун, совхозазда, школазда ва шагьаралъул къватIазда цIарал лъурав, Максим Горькияс "ХХ гIасруялъул Гомер" абун цIар лъурав Сулейман Стальский.

ХIисаб гьабеха, кин бичIчIизе рес букIараб 1934 абилеб соналъ Хъвадарухъабазул Союзалъул съездалде вачун вачIарав хъвай-цIали лъаларев Стальскияс чунгуралда азербайджан мацIалъ ххенолеб жо Горькиясда? ХIажат букIана пачаялъул Россиялъ рагIдукь тун букIараб "гьунар", цIияб советазул улкаялъ бакъалде бачанин абизе.

Гьелъ реххараб букIана беццав Гомерида релълъинавураб дандекквейги. ЦIадаса ХIамзатиде гьеб абичIо, досул "гIунгутIи" букIана, лъикIаб лъайги, хъвай-цIалиги, хIатта гIараб адабиятцин лъайги. Гьелъ хутIана ХIазат дагьав нахъегIан цун Сулейманидаса нусцIул гьунар бугев вугониги.

Гьезда хадуб Дагъистаналъул "тIоцевесев" шагIирасул байрахъ борхана Расул ХIамзатовас. Гьев лъугьана цIакъ жиндие улкаги, улкаялъе живги хIажатав, "кочIоца гIумруги, гIумруялъ кечIги" цоцаца гIуцIизе кIолев поэтлъун. Гьес улка ва партия кочIолъ ахIулеб букIана махщалида, гьесул гIорхъолъа араб гьунар букIана. Гьеб гьунаралда рекъарал цIарал ва санагIалъаби пачалихъалъги гьаруна гьесие.

Амма СССР биххун хадур раккана улкаялъул адабияталда цо-цо цереххун гьукъун рукIарал, рагIдукь хутIарал цIарал. Интеллигенциялъул аслияб пикру бижана церехун пачалихъалъ гьунар гьечIел рорханин, бугел нахъе рехханин абураб. Гьелъие хъвараб букIун батила ХIамзатовасул:

Унго, диссидентлъун вукIарав гурев,

РикIкIунарищ васлъун дуца, дир улка..." - ян абураб кечIги 90 абилел соназда.

Ахираб заманалда бакI-бакIазда цIалулеб буго дица нилъер магIарул литератураялда хурхун Расул ХIамзатовасдаса ГIумархIажи Шахтаманов ва ГIадалло ГIалиев гьунар тIокIал рукIана, гьел пачалихъалъ ва системаялъ цере риччачIин абурал пикраби. Гьел бихьинаб гIамалалъул, жаниб милияб рухI ва яхI бугел, гьунар бугел шагIирзаби рукIана кIиявго, амма Расулиде гьунаралъул рахъалъ цойги кIи-кIи гIумру кьуниги гьел рахунаро.

Дие рахине бокьилаан, хIатта Расулидаса гьунар бугел ратизеги бокьилаан, гьечIо ва гьечIеблъи бичIчIизе ккола. ЦохIо гьел Расулгун данде ккечIо ва улкаялъ кIодо гьаричIин абураб пикруялъ тIамулел руго гьал харбалги. Киналго гуро системаялъ къабул гьаричIел Мандельштамалги, Буниналги, Бродскиялгилъун рукIунел.

Гьел руго ХIамзатовасул заманалъул ва гьесул шигIрияб мактабалъул, ай кечI хъвалеб къагIидаялъул гьунар тIокIал шагIирзаби. Хасго "Расулидаса гьунар бугел рукIана" абурал пикраби ругIулел руго авар мацIги лъаларел, гьел данде кквезе ресги гьечIел батIиял миллатазул чагIаца. Гьезие Шахтамановгун Адалло рорхизе бокьун гуребха, живго Расул реххизе къварегIун, гъов ахаде цIазе.

Щибха ккараб нилъеца бицен гьабураб адабияталъул тарихалъул? Цин СССРалъ понцIозарун зодоре рахинаруна гьунар бугезда цадахъ гьечIелги. Жакъа нилъер заманаялъ рагIдукь хутIарал гьунарал загьир гьарулаго нахъе реххулел руго СССРалъ рорхарал гьунарал. Бокьилаан гьеб киналъухъго роцIцIарал бераздалъун ралагьани. Стереотипазул ва ассоциациязул къорикье ккечIони. Киналго гьунар гьечIел гуро рукIарал доб заманаялъ рорхун ва гьединго жакъасезулъги руго батIи-батIияб даражаялъул чагIи. Кин букIараб ХIамзатовасул?

Киналго беццал гуро,

Гомераллъун рукIарал.

Киналго гIинкъал гуро,

Бетховенал рахъарал.

Киналго рекъарал гуро

ХIажимурадлъун кколел

Киналго хIанчIи гуро

КъвекIал цIумал лъугьунел..."

ХIатта гьанивцин нилъеца хIалае ахIизе кколев жиндаса "гьунар бугел" шагIирзабиги тун Расул. ГIадада гурелъул, гIадада абичIо гъос жинцаго, "гIадада щивго гьечIо, гIадада щибго гьечIо" - янги.

Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG