МагъчIваялъе рес

Армениялда конституционияб реформаялда сверун референдум


Армениялда гьатIан къоялда унеб букIана конституционияб реформаялда сверун референдум. Гьелда рекъон, улка ине кколеб буго парламенталъул нухмалъиялде гъоркье ва гьеб референдумалъе инициатива кьун буго нухмалъиялда бугеб республиканияб партиялъ.

«Ирс» абулеб оппозиционияб партиялъул нухмалъулев Раффи Ованнисяница лъазабуна жинца конституционияб реформа гьабиялде данде гьаракь кьунин ва абуна гьаркьал кьеялда халлъулел ругин рищиязул къанун хвезабурал гIемерал хIужабийин.

Гьеб референдумалде данде 1 декабралдаса нахъе чIечIого митингал ва маршал тIоритIулеб руго оппозициялъ Ереваналда.

Армениялъул рищиязул Централияб комиссиялъул ва полициялъул баяназда рекъон, гьаркьал кьей унеб буго къануналда рекъон. Гьезда хадуб халккун буго бакIалъул 3000ялдаса цIикIкIун тохалчияс ва халкъаздагьоркьосел тохалчагIазул 116 чияс. Гьаракь кьезе рес буго кIиго миллионгун щунус- азарго чиясул.

XS
SM
MD
LG