МагъчIваялъе рес

Сириялда сверун цIиял кIалъа-ралъаял тIоритIизе руго Нью-Йоркалда


Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна Сириялъул конфликт рагIалде бахъинабиялда сверун цIиял кIалъа-ралъаял тIоритIизе ругин декабралда Нью-Йоркалдайин. Гьес гьедин абуна Америкалъулгун-Израилалъул форумалда Вашингтоналда.

Керрица лъазабухъе, Сириялъул оппозициялъ кIалъа-ралъаязде битIизе делегация бищун буго ва гьел хIадурал руго Россиягун ва Ирангун кIалъазе. Москвагун Тегеран разиял руго гьениб трансформация гьабизе. Гьеб киналъулго хIасилалда Сириялда анлъго моцIалда жаниб гIуцIизе ккола мугъчIвай гьабизе бегьулеб хIукумат.

"Гьеб процессалде гьоркьобе ине буго 18 моцIалда жаниб цIияб конституция гIуцIиги, халкъаздагьоркьосел тохалчагIазул контролалда гъоркь рищиял тIоритIиялъул механизмал ратиги», ян абуна Керрица.

XS
SM
MD
LG