МагъчIваялъе рес

Хъиргъизиялда Human Rights Watchалъе гьарулел квал-квалал


Стамбулалде ун йикIарай Бишкекалда бугеб Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул офисалъул директор Мира Риттман улкаялде тIадюссине тун гьечIо Хъиргъизиялъул нухмалъиялъ.

Гьезул къатIисел ишазул министрелъиялъул официалияв вакилас Радио Еркенаб Европа -Эркенлъи Радиоялъе лъазабуна рузман къоялда Риттманица миграциялъул къанун хвезабунин. Кинал рукIаниги мухIканлъабиги гьес загьир гьаричIо.

Human Rights Watchалъул нухмалъиялдаса Кеннет Ротица рикIкIунеб буго Хъиргъизиялде инсанасул ихтиярал цIунулей йиччангутIи «цIакъ рахIат хвезабулеб ишара бугин». Гьес Бишкек ахIулеб буго Риттман хехгьабун улкаялде йиччазе ва гьелъие хIалтIизе рес кьезе.

Цебеги Бишкекалда жидер хIалтIухъаби хIалтIизе рес кьолел кагътал росулаго Human Rights Watch дандчIван букIана улкаялъул рахъалдасан квал-квалалгун, гьездаго гьоркьой йикIана Мира Риттманги.

ТIасияб соналъул январалда Хъиргъизиялъ кквезе буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Шураялда бакI.

XS
SM
MD
LG