МагъчIваялъе рес

ХIасиев лъица чIваравали лъазабун буго Къадировас


Сириялда Россиялдаса МухIамад ХIасиев чIварав чи «Исламияб пачалихъ» абулеб террористияб гIуцIиялда вугев Ямало-Ненецкий автономияб икълималъул Ноябрьскалдаса чи вукIун вуго.

Инстаграмалда гьедин лъазабуна Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница. Гьесго хъвалеб буго ХIасиев чIварав чи гIурус миллаталъул вугин ва живго ХIасиевасде цIарги 2012 соналъул августалде щвезегIан Евгений Юдин букIун бугин.

«Гьев хасал хъулухъазул тIадкъай тIубазабулев вукIанин абурал киналгIаги мухIканал далилал нижехъ гьечIо»,-ян хъвалеб буго ХIасиевас Чачанлъиялда гIумру гьабулеб букIин уяблъун гьабурав Къадировас.

«Исламияб пачалихъ» террористияб гIуцIиялъ арбагI къоялда къватIибе кьун букIана «Россиялдаса жасус чIвалев вугин» абураб баянгун видео.

XS
SM
MD
LG