МагъчIваялъе рес

ЗахIматго лъукъун вуго Афгъанистаналда ругел тIалибазул лидеразул цояв


Афгъанистаналда ругел тIалибазул лидер Ахтар Мансур захIматго лъукъун вуго Пакистаналда авлахъалъул командиразул данделъиялда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда. Гьедин гьеб багъа-башариялда кIудияб рикьелги лъугьун буго. Гьедин лъазабун буго Афгъанистаналъул тIоцевесев вице-президент ГIабдул Рашил Дустумил пресс-хъулухъчи СултIан Файзица Эркенлъи Радиоялъул афгъаназул хъулухъалъе. Гьес гьединго абун буго Мансур азарханаялде щвезавун вугин ва гьев чIаго хутIиялда божилъи дагьаб бугин.

Гьесулго баяналда рекъон, Мансурил дагIба ккун буго 1 декабралда Качлах Кветта абулеб бакIалда ГIабдулла Сардари абулев цоги рагъулав командиргун. Гьев Гуантанамо туснахъалдаги жанив тIамун вукIун вуго цеве. Сардариги цоги ункъго авлахъалъул командирги гьенир чIванги руго.

XS
SM
MD
LG