МагъчIваялъе рес

Ругьунлъаби – ракъдадаги ралъдалъги


МахIачхъалаялда спецоперациялъул ругьунлъиял
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:23 0:00

МахIачхъалаялда спецоперациялъул ругьунлъиял

АрбагI къоялда Дагъистаналъул тахшагьаралъул гIадамал риххизарун рукIана шагьаралъул батIи-батIиял мухъаздасан рагIулел кьвагьияз. Хадуб гьезие хехго баянлъана гьел низам цIунулезул ругьунлъиял рукIин. МахIачхъалаялда рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел руго ракъдадаги ралъдалъги. Ракъдада малъулеб букIана инкассаторал талавур гьарурал чагIи кин кквелелали. Ралъдалъ рагъулал гуми ругьун гьарулел руго радиациялъулгун химиялъул ва биологиялъул гьужумаздаса цIуна-къазе кколеб куцалъе. Бицунеб буго ХIажиева Зульфияца.

МахIачхъалаялда полициялъ тIоритIарал ругьунлъабазда бихьизабуна инкассаторал талавур гьарурал чагIи кин кквезе бегьулелали.

Гьедин Авартеатралде аскIоре унеб шагьаралъул ахикьа киналго гIадамалги нахъе рачун, байбихьана къанун цIунулез жидерго тадбирал.

Гьезул хIакъалъулъ гьадин бицана ЭР-ялъе ругьунлъабазда гIахьаллъарав полициялъулав ГIали АхIмадовас.

ГIали АхIмадов: «Гьаниб аскIоб бугеб Сбербанкалъул банкомат кьвагьараб ххвел гьабунаха, гьениса гIарац бахъулеб къагIидаги бихьизабуна. Щугоял рукIана гьел. ГIарацги бахъун гьел театралдехун рекерун ана. Цинги гъол ккуна. ГIадамалги рукIана сверухъ кколеб-толеб бичIчIуларого, хаган хутIун. Хадуб абунаха гьезда щиб кинали. ПалхIасил сценарий гьединаб букIана. Хас гьабун гьединаб сценарий щай бищарабин гьикъани, ургъунго бищана. Гьединал хIужаби гIемерлъун рукIун Дагъистаналда».

Амма гьединал тадбирал хIасил кьоларин унго-унгоял такъсирчагIи дагьлъиялъе яги гьел кантIиялъеян рикIкIунеб буго ругьунлъабазда хадуб хал ккун вукIарав МахIачхъалаялдаса МухIамадица.

МухIамад: «Щакаб жо буго гьез хIасил кьей. Щиб гьез кьелеб? ГIадамазда бичIчIана гьел жал хIаял рукIин. Хъачагъалги такъсирчагIиги кин тIагIинел, дозда лъалелъул гьел хIаял рукIин. Нилъ гIадал гIаатяил чагIазе букIина гьадин балагьтизе интерес. Амма дол цоязе (такъсирчагIазе) щиб гьелъул кIвар?».

Авартеатралда аскIоса гIебеде гIумру гьабулел махIачхъалаялъулазул гIемерисезда лъалеб букIинчIо полициялъ гьенир ругьунлъаби тIоритIулел рукIин. Гьезда ккун буго иргадулаб нухалда тIобитIулеб хасаб операция бугин гьеб. Гьединго Авартеатралъул тIохда рещтIараб боржаро (вертолет) бихьидал, туснахъ гьавизе къваригIун цониги хIакимчиясда хадуб бачIараб жо батилин гьебиланги тун буго. Амма рекIекълъун рукIун руго гьел жал ругьунлъаби ратидал. Гьединго бицунеб буго цевевхун рехсарав МухIамадицаги.

МухIамад: «ГIадамал балагьун чIун рукIана цойги хIакимчи вачун инехъин вугилан. Амма вачун арав чиги ккун гьечIоха».

Полициялъ Авартеатралда аскIор ругьунлъаби тIоритIулеб мехалда гьениб аскIобго, Каспи ралъдалъги рукIана рагъулал гуми.

Гьедин 1 декабралда Каспи ралъдахъе бахъанин рагъулаб лъабаго гамайин («Град Свияжск», «Углич» и «Великий Устюг) лъазабун букIана Россиялъул Къилбаялъул рахъалда бугеб рагъулаб округалъул пресс-хъулухъалъ. Гьел гумузухъа бажаризе кколила радиациялъулги, химиялъулги биологиялъулги рахъалъ тушманас гьарулел гьужумаздаса цIуна-къай гьабизе.

Дагьалъ цебе Каспи ралъдалъан Шамалда кьаби щвезабураб «Дагъистан» абураб рагъулаб гама гьел ругьунлъабазда гIахьаллъулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG