МагъчIваялъе рес

Обамаца Анкарагун Москва ахIана гIаммав тушман «Исламияб пачалихъалде» данде цолъизе


Америкаялъул президент Барак Обамаца абуна жидерго гьавадул гIатIилъи цIунизе Туркиялъул бугеб ихтияралъул рахъ кколин жидецайин. Гьес гьедин лъазабуна талат къоялда Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъангун данчIван хадуб. ДандчIвай тIобитIун букIана Парижалда климат хисиялда сверун тIобитIараб саммиталъул гIурхъабалъ. Обамаца гьединго абуна, жидеца борхулеб букIанин ахIвал-хIал хIалуцинабичIого букIинелъун Россиягун Туркиялъ щиб гьабизе бегьулеб абураб суалгийин. Цоцалъ ругел рагIирекъонгутIиялги рагIалде рахъинарун гIаммав тушман «Исламияб пачалихъалде» данде цолъизе ахIана Обамаца Москвагун Анкара.

Туркиялда тIад Россиялъул Су-24 кьвагьизабуралъухъ жавабиял тадбирал хIисабалда Анкараялде данде Россиялъ санкициял гьазаризе байбихьун букIана 28 ноябралда.

XS
SM
MD
LG