МагъчIваялъе рес

Анкараялъ Москваялъухъе кьолеб буго Россиялъул пилотасул жаназа


Туркиялъ Россиялъухъе кьолеб буго 24 ноябралда Сириялда Туркиялъул гIорхъда аскIобеххун гьезул авиациялъул ракета биччан бортизабураб Су-24 аэропланалъул пилотасул жаназа. Гьелъул хIакъалъулъ «Интерфакс» агентлъиялъе лъазабун буго Туркиялда Россиялъул вакиллъиялъул хIалтIухъан Игорь Митяковас.

ГьатIан къоялда Туркиялъул премьер-министр АхIмат Давудоглуца лъазабуна, пилот Олег Пешковасул жаназа Сириялдаса Туркиялъул Хатай шагьаралде щвезабунин ва православияб гьатIаналъул къагIидаялда гьеб хIадуранин битIиялъейин.

Шамат къоялда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана Турциялде данде санкцияби гьариялъул буюри. Гьелда цере Москваялъ чIезаруна рагъулаб сфераялда хурхарал киналго контактал ва 1 январалдаса байбихьун чIезабулеб буго гьединго визаби гьечIого цоцахъе хьвадизе рес кьолеб букIараб режимги.

XS
SM
MD
LG