МагъчIваялъе рес

Россиялъул шагьаразда халат бахъунеб буго «Платон» системаялде данде шоферзабазул акция


Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда халат бахъунеб буго 15 ноябралда хIалтIизе биччараб федералиял нухал хIалтIизариялъухъ бахъулеб мухь цIикIкIинабиялда хурхараб «Платон» абураб системаялде данде халатаб манзилалъ юк баччулел шоферзабазул протесталъул акция.

Твиттералда лъазабухъе, Курскалдаса, Белгородалдаса, Твералдаса, Волгоградалдаса, Ростовалдаса, Дагъистаналдаса Москваялде сапар байбихьун буго 29 ноябралда гIаммаб акциялда гIахьаллъизе ракIалда бугел юк баччулезул автоколоннаби.

XS
SM
MD
LG