МагъчIваялъе рес

ЧIухь бан буго Дербенталъул мадрасаялда


Дербенталда «Сулейманджи» абураб динияб фондалъул мадрасалда чIухь бан буго низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз. Ахирисез лъазабулеб буго, гьенир Россиялда гьукъарал «Исламияб пачалихъ» ва «Имарат Кавказ» гIуцIиязул видеоматериалал ругел дискал ратанин.

Полициялъул баяназда рекъон, мадрасалъул хIалтIи Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ гьукъун букIун буго гьаб соналъул марталдаго.

«Сулейманджи» кколеб рагIула турказул исламияб радикалияб гIуцIи. Туркиялда гьеб тIубанго легалияб гIуцIи кколеб гьечIо. Радикализмалъе гIоло гьеб нахъе къотIун буго Туркиялъул рухIияб идараялдасаги.

XS
SM
MD
LG