МагъчIваялъе рес

Вологдаялда тIобитIана юк баччулезул протесталъул акция


Рузман къоялда Вологдаялда тIобитIана юк баччулел автомобилазухъа федералиял трассабаздаса пайда босиялъухъ бахъулеб мухьалъул къадар цIикIкIинабиялде данде митинг. Гьелда гIахьаллъун вуго 300-ялдасаги цIикIкIун чи. Акциялъул гIахьалчагIаз кодо ккун рукIун руго «Платон» абураб система нахъе бахъиялъул тIалабал. Гьеб системаялъул хIалтIи хъвазе бугин кинабго халкъалда ва кинабго жоялъухъ багьаби цикIкIине ругин, абурал пикраби загьир гьарун руго акциялда.

Гьединал акцияби улкаялда тIоритIулел руго гIемерисел регионазда 11 ноябралдаса байбихьун.

Рехсараб системаялде дандечIаразе жибго «Платон» гуребги, ракIалъе гIолеб гьечIо гIарац бакIаризе миллиардер Аркадий Ротенбергил васасул хасаб структура тIамун букIинги.

30 ноябралда юк баччулел атомобилазул бетIергьабазда ракIалда буго Москваялда тIолабго Россиялъул акция тIобитIизе.

XS
SM
MD
LG