МагъчIваялъе рес

Россиялъ Туркиялъулгун визаби къваригIунареб режим хвезабуна


Туркиялъул президент Реджеп Эрдоганица Россия ахIана бортизабураб Су-24 аэропланалда сверун конфликталъул «цIагун расандиялдаса» инкар гьабиялде. Гьес абулеб буго, Туркиялъ гьеб ургъунго гьабун букIинчIин ва гьелда хурхун Россиялъул лидер Владимир Путинил критикаги данде кколеб гали кколарин.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Рейтерс» агентлъиялъ.

Россиялъул Су-24 аэроплан Туркиялъул рагъулаз бортизабуна 24 ноябралда Туркиялъулгун Сириялъул гIорхъада.

Анкара чIун буго Гьелъ къануналде данде кколареб къагIидаялда жидер гIорхъи баханин.

Кремлалъ лъазабулеб буго, инцидент кканин Сириялъул гьаваялъул гIатIилъиялдайин.

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас рузман къоялда лъазабуна, Туркиялъул нухмалъиялъ гIорхъолъан рорчIарал галаби гьарунин ва гьелдаса хIинкъи бугин улка захIматаб хIалалде ккеялъулин.

Реджеп Эрдогъаница какана Лавровасул лъазаби ва абуна, жидеца хадурги рортизаризе ругин жидер гIорхъаби хвезарулел роржунел аппараталин.

Рузман къоялда Россиялъ гьоркьоб къотIизабуна визаби гьечIого цоцахъе хьвадизе рес кьолеб букIараб Анкараялъулгун къотIи-къаялъул хIалтIи ва рагъулаб сфераялда киналго контактал.

XS
SM
MD
LG