МагъчIваялъе рес

Туркиялдаса Росиялде юк баччиялда проблемаби ракIкIун руго


Гуржиялъа Россиялде бугеб цого-цо нух хьвадизе рес гьечIеб къагIидаялда цIун рагIула транспорталъ Россиялъул гIорхъаби цIунулез Туркиялъа Россиялде рачIунел юк баччулел автомобилазе нух къаялъе гIоло. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго нижер радиоялъул мухбираз.

Россиялъул гIорхъаби цIунулез лъугьа-бахъунелъул магIна загьир гьабулаго, абулеб буго, гьеб хурхараб бугин Туркиялдаса бачIунеб автотранспорталъул хал гьабиялъул къагIидаби хъачIлъизариялдайин. Амма жалго Туркиялъул шоферзабаз абулеб буго, я документазул хал гьабичIого, я багьана бицинчIого, жал гьез нахъе руссинарулел ругин.

XS
SM
MD
LG